Рисана дилъа дирго лъимаза окIаб нилъерго калам бицдал гьечIо. Гьенже дилъа гьеза болмацI бицдал буго.
Щудегурелъул диалектазул пайда гьечIого, цо-кIиго гуни ухьдел гьечIого, цониги фильмги гьечIого.
Гьиттинаб мацI цIунде йя рес гьечIо йя пайда гьечIо.
БолмацI лъаде гьабудеги бигьалъдала. Ухьдел руго, кучIдул руго, дарсал руго, гестал руго.
Сугъулдерил мацI бицдалаб мехалъ ценги болмацIалъ бугаб материал бичIчIде гьабуде захIматго букIдала.
Лъимазее эхь цIалдалаб мехалъ гьебги нилъерго мацIалъе буссде годала. Дидаго бичIчIунараб хабаралъул кин ха дилъа таржама гьабулаб!
—
Гьединлъидал дица гьанже болмацIалъул грамматикаги лексикаги лъазарулел руго.
Щибаб къоялъ дица гIемераб болмацI бицунеб буго. Цо-цо мехалъ макъалаби ялъуни харбалги цIалула.
ХIо профессионалияб даражаялда авар мацI лъазабизе цIакъ захIмалъула.
Ингилис мацIалъ бигьаяб A2/B1 даражаялъул гIаги 3-4 жумла босани, гьелги авар мацIалъ хъвазе/абизе дие захIматго букIуна.
ХIисаб гьабе ха.
Post #15
69